Перейти к содержанию

Шагьадат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Шагьадат (гӀараб мацӀалда الشهادة)

Шагьадат битӀи, исламалъул тӀоцӀебесеб аслу, магӀнаги лъан шагьадат битӀи буго:

Ашгьаду – дица ракӀ чӀун лъан нугӀлъи гьабула,
алляилягьа – хӀакълъун жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго жо батун гьечӀо абун,
илляллагь – цӀохӀо вати тӀадав Аллагь гурого.
Ва ашгьаду – жеги дица ракӀ чӀун лъан нугӀлъи гьабула,
анна МухӀаммадан – хӀакълъунго МухӀаммад,
расулюллагь – Аллагьас халкъалде дин малъизе витӀарав гьесул

илчи вуго абун.

Шагьадаталъул тӀоцӀебесеб бутӀа – «Ашгьаду алляилягьа илляллагь» абун нугӀлъи гьабиялъ жанибе бачуна Аллагьасда иман лъеялъул кинабго магӀна, ай Жиндир 20 тӀадаб сифатги бугев, 99 берцинаб цӀарги бугев, гӀорхъи гьечӀел тӀадегӀанал киналго камиллъабиги ругев, Жиндир камиллъи, тӀадегӀанлъи, кӀодолъиялда рекъолареб щинаб жоялдаса вацӀцӀадав цо Аллагь гурого гьечӀо, ва лагълъиги Гьесие гурого гьабизе бегьуларо абун ракӀги чӀун кӀалги мукӀурлъун дица нугӀлъи гьабулилан – абураб.

Шагьадаталъул кӀиабилеб бутӀа – «ва ашгьаду анна МухӀаммадан расулюллагь» – абун нугӀлъи гьабиялъ жанибе бачуна, Аллагьасул рахъалдаса халкъалъухъе МухӀаммад аварагас бачӀараб щинаб жо хӀакъаб бугилан абун кӀалги мукӀурлъун ракӀги чӀун дица нугӀлъи гьабулилан абураб магӀна. Ай, МухӀаммад Аварагас Аллагьасул рахъалдаса халкъалъухъе бачӀараб щинаб жо дица къабул гьабула, ва гьес халкъалъухъе бачӀараб Къуръан-хӀадисалда бицен гьабураб щинаб жо, Аллагьасул цӀарал-сифатал, илчизаби, малаикзаби, тӀухьдул, къиямасеб къо, Аллагьасул къадар (анлъалго рукнаби), фарзал, суннатал, хӀалал-хӀарам, кинабго шаригӀат хӀакъаб битӀараб букӀиналъе ракӀги мукӀурлъун дица нугӀлъи гьабула – ян абураб магӀна ккола гьелъул. Гьединлъидал ракӀ чӀун шагьадат битӀи ккола капурчи бусурман гьавулеб тӀоцебесеб исламалъул аслу. Шагьадат мацӀалъ битӀизе инкар ккурав чи капурчи ккола. МацӀалъ битӀун ракӀалъ гьелда инкар гьабурав чи мунафикъ ккола, гьез цӀидасан ракӀги тӀад рекъон шагьадат битӀичӀони гьел жужахӀалда хутӀула даимго. [1]

Суратал

Примечания

  1. ^ КъурамухӀаммад-хӀажи Рамазанов, ФАРЗ / ХӀакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечӀеб къадар, МахӀачхъала 2006